Гонконгалъул централда демонстрантаздаги полициялда гьоркьор ккун руго тунка-гIусиял. Лъазабиязда рекъон, протесталъул акциялъул гIахьалчагIазде данде хIалтIизабун буго магIу бачIинабулеб газ.
Гьелда цебе Гонконгалъул нухмалъиялъ лъазабуна аза-азар чи гIахьаллъарал демократиял ихтиярал ва эркенлъаби тIалаб гьабулел жакъасел протесталъул акцияби Китаялъул хасаб административияб мухъалда къануналде данде кколарин.
Гьединаб лъазаби гьабуна Гонконгалъул тIадегIанаб хъулухъ ккурав администрациялъул кIудияв министр Лян Чжэньиница.
Гьес гIадамал ахIана протестазде рахъаразул рахъ ккунгутIиялде, рищиязул системаялъул реформабазда сверун консультацияби тIоритIизе ругин кватIичIогоянги абун. Амма кида гьел консультацияби рукIине ругелали хъулухъчияс мухIканлъизабичIо.
Протесталъе гIиллалъун лъугьана 20I7 соналда Гонконгалъул лидер вищиялда гIорхъаби чIезариялда сверун Пекиналъул ругел планал.
Рузман къоялда Гонконгалда тIобитIана кIудияб демонстрация. Гьелда аслияб къагIидаялда гIахьаллъана студентал. Лъазабулеб букIана полициялдаги демонстрантаздаги гьоркьор карал тунка-гIусиязул ва анцI-анцI студент кквеялъул хIакъалъулъ.
Протесталъул гIахьалчагIаз центр кквезе бегьиялдаса хIинкъун, полициялъ ралел ругIула баррикадаби.