Испаниялъул Каталониялъул нухмалъулев Артур Масица гъулбасун буго 9 ноябралда Испаниялдаса батIалъун автономиялъул лъиданиги бачIоголъи лъазабиялда хурхараб референдумалде ахIи.
Мадридалъ гьединаб инициативалъул рахъ кколеб гьечIо.
Премьер-министр Мариано Рахойица лъазабуна, жиндир планалда бугин гьеб плебесцит тIобитIизе биччангутIийин. Гьеб суал кьезе бегьулин Конституциялъулаб диваналде.