Россиялъул СМИязда къватIисел улкабазул капитал гIахьаллъиялъе 20 проценталъул гIорхъаби чIезарулеб хиса-баси къануналда гьабиялъул хIукму тасдикъ гьабуна Пачалихъияб Думаялъ.
Гьелъие гьаракь кьуна 430 дупутатаст. Данде вукIана гIицIго кIиго депутат. ЛДПРалъул инициатива къабул гьабураз кинабгIаги къагIидаялда баянлъизабулеб гьечIо щай гьениб 19 гуреб яги 21 гуреб, гIицIго 20 процент бихьизабун бугебали.