Алексей Навальныясул «Прогрессалъул партия» махIрум гьабизе бегьула официалияб регистрациялдаса.
Гьелъие гIиллалъун рехсолеб буго, цIараб заманалда жиндирго регионалиял бутIаби рагьизе гьелда бажарунгутIи.
Россиялъул юстициялъул министерлъиялда базабун гьелъул бицунеб буго «Известия» газеталъ.