Россиялъул информалатазда гIахьаллъулеб къватIисеб капиталалъе гIорхъаби чIезарулел къануналъул проект къабул гьабуна тIоцебесеб цIалиялда Пачалихъияб Думаялъ.
Къануналда гьабулеб хиса-басиялъул рахъ ккуна 434 депутатас. Гьединаб къануналда рекъон, Россиялъул СМИязда къватIисел улкабазадаса капиталалъул рес букIине гьечIо 20 проценталдаса цIикIкIун бутIа букIине.
Гьанже хIалтIулеб къануналда рекъон, къватIисеб пачалихъазул бизнесалъул рес букIана Россиялъул СМИялъул 50 процент буголъиялда букIине.
Гьединаб хиса-басиялъул инициатива загьир гьабуна КПРФалъ, ЛДПРалъ ва Справедливая Россия» партиязул фракцияз.