Тбилисиялъул шагьаралъул диваналъ аресталде гъоркье босун буго вукIарав президент Михаил Саакашвилил, гьесул лъадиялъул, эбелалъул ва кIодоэбелалъул буголъи.
Гьеб кколеб рагIула пачалихъалъул хазина бикъиялъул такъсирияб ишалда хурхун тIобитIулеб тадбир.
ВукIарав президентасул адвокатаз лъазабулеб буго, диваналъул хIукму къануналде данде кколарин ва гьединлъидал жидеца гIарза кьезе конституциялъулаб диваналдейин.