Исана микьабилеб сентябралда 91 сон тIубана дунялалдаго машгьурав шагIир ХIамзатил Расул гьавуралдаса. Санайил гьев гьавураб къоялъ тIобитIулеб хъахIал къункърабазул къо кIодо гьабизе Дагъистаналде рачIун рукIана араб анкьида Россиялъул батIи-батIиял икълимаздаса ва къватIисел пачалихъаздаса хъвадарухъаби. Крым бащдабчIинкIилллъиялъул адабияталъул академиялъул президент Валерий Басировги вукIана гьел гьалбадерида гьоркьов. Гьес абуна гьанже Крымги Россиялда гъорлъ бугин ва дагъистаниязулгун жидер къисмат цолъанилан. Гьединго фестивалалда гIахьаллъана Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповги.
Нижер мухбир Нурчазул Ахилчица рахъарал суратаз цебечIезабулеб буго XXVIII Халкъазда гьоркьосеб «ХъахIал къункърабазул къоял» абураб Расул ХIамзатовасул цIар кьураб адабияталъул фестиваль Дагъистаналда тIобитIараб куц.
ХъахIал къункърабазул къваридаб гьаракь

1

2

3
МахIачхъалаялъул аслияб паркалда ЦIар лъаларев рагъухъанасе гьабураб мемориалалда цере эхетарал лъимал

4
МахIачхъалаялда хъахIал къункърабазул къо. Лъималаз кьеркьерал понцIераби риччана зодоре

5
КIалъалев вуго Азербайжаналдаса шагIир ва таржамачи Маариф СолIтан. Гъуниб.

6
Башкириялъул халкъияв шагIир Равиль Бикбаевас Расул ХIамзатовасул хIакъалъулъ бицунеб буго.

7
Расул ХIамзатовас 91 сон тIубаялде гьабураб данделъиялда къункърабазул кьурди.

8
ЧедцIамгун гуреб, магIарул къагIидаялда, хинкIалгун ва цIураб бакьгун гьабуна Гъуниб хъвадарухъабазда дандчIвай.

9
ХъахIал къункърабазул фестивалалъул гьалбал Гъуниб музеялъур. Гьаниве щун вукIана Россиялъул пача Александр КIиабилевги.

10
Чачаназул Хъвадарухъабазул гIуцIиялъул нухмалъулев хисулев Эдуард Мамакаевас Гъуниб чачан бачунеб буго.

11
ЮНЕСКО-ялъги кверчIвараб ХъахIал къункърабазул къо тIобитIулелъул, Гъуниб росулъ шагIир Людмила Щипахина кьурдизе яхъинаюна.

12
ХIамзатил Расулил Дагъистан абураб кечI магIарул мацIалда рикIкIунеб буго Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул студентас.

13
Рагъухъан чIванилан кагъат бачIиндал.