Франциялъул президент Франсуа Оландица рузман къоялъ официалияб сапар бухьана ГIиракъалде.
ГьабсагIат Франциялъ хIадурлъи гьабулеб буго гIемерал улкабаз террористикияблъун рикIкIунеб жинда жидеда «Исламияб пачалихъилан» абулеб багъа-бачариялъул рагъухъаназ чIей гьабулел бакIазде гьавадул гьужумал гьариялде.
Оландица тIоритIизехъин руго ГIиракъалъул президентгун, парламенталъул спикергун ва премьер-министргун кIалъа-басаял рехсараб суалгун гьоркьоб.
Рузман къоялъ Франциялъ ГIиракъалде щвезабуна 15 тоннаялъулаб гуманитарияб кумек. Гьеб кумек бикьизе буго ГIиракъалъул Курдистаналъул тахшагьар Эрбилалде.
Курдазул «Пешмерга» абулеб рагъулаб къукъа ГIиракъалда бищун къуватаблъун рикIкIунеб буго радикалиял бусурбабазде данде чIолеб.