Ливаналъул армиялъ нахъ чIвана Эль-Каа абулеб шагьаралда жигьад лъазабуразул гьужум. ГьатIан къоялъул сардилъ багъарараб тунка-гIуссиялъул хIасилалда кIиго экстремист чIван, цоявги ккун вугин, лъазабулеб буго Би-Би-Си агентлъиялъ Ливаналъул "Аль-Маядин" телеканалалъул баяналда мугъ-чIван.
Ливаналъул премьер-министрас аскариязе буюри кьуна Сириялъулгун бугIеб гIурхъида аскIоб жидеда «Исламияб пачалихъилан» абулеб багъа-бачариялъул гIахьалчагIазде данде рагъулаб операция гьабизе.
Рехсараб гIуцIи гIемерал улкабаз террористикиял къукъабазул сияхIалде гъорлъе жубана.