Кьвагьи чIезабиялда хурхун Россиялъул президент Владимир Путиница загьир гьабураб планалъухъ балагьичIого Украиналъул машрикъалъул рахъалда ахIвал-хIал хIалуцинабулеб буго Россиялъ. Гьедин абуна НАТОялъул генералияв секретарь Андрес Фог Расмуссеница хамиз къоялда Британиялъул Уэльсалда НАТОялъул саммит рагьилалде цебе.
Расмуссеница рикIкIунеб буго Украиналда хурхун Россиялъ бицунелъул ругин гьелъ гьабулелъул кIвар бугин.
Гьеб саммит байбихьилалде цебе Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница лъазабуна Украиналда Россиялъул аскарал рукIине кколарин ва Москваялъ жиндирго позиция хисизабичIони, гьелде данде цIиял санкциял гьаризеги рес бугин.
Украиналъул машрикъалъул рахъалда жиндир кинал рукIаниги аскарал ругин Киевалъ ва магъриалъул улкабаз гьарулел лъазабиял нахъчIвалел руго Россиялъ.