Ссылки для упрощенного доступа

Шамхалалда гъоркьехун чlван вуго 5 чи


3 сентябралъул радал МахIачхъалаялда гьоркьобе унеб Шамхал росдадаса рикIкIад гьечIеб рохьор чIван ватун вуго 5 гIолохъанчи. МухIканал гурел баяназда рекъон гьел чIван руго Гъизилюрталъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчагIаз.

АрбагI къоялъул радал Шамхал ва Богатыревка росабазда гьоркьоб бугеб рохьил мухъилъ къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазда батун буго жаназаги жаниб бугеб, гулбузул лъалкIалги тIад ругеб ВАЗ -2107 автомобиль, гьенирго аскIор жеги 4 чIваравги ватун вуго. Гьел чIварал киналгIаги гIолохъаби рукIун руго, гьезул бищун кIудиясе 30 сон бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул Къуваталъул идарабазул цIар бицине бокьичIев хIалтIухъанас. Гьес бицухъе чIварал щал кинали жеги мухIканго чIезабун гьечIо, гьединлъидал официалияб къагIидаялъ къуваталъул идарабаз гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун баяналги кьолел гьечIо. Россиялъул терроризмалде данде чIараб комитеталъ тIибитIизабураб лъазабиялда рекъон гьел чIварал гIолохъаби чанае ун рукIун руго гьеб рохьоре.

ЦIех-рехчагIазул баяназда рекъон Шамхалалда ва Богатыревка росабазда гьоркьоб бакIалда рагIула цебе боцIи хьихьулеб букIараб, гьанже реххун тараб, биххун ине бугеб бакI. ИзнугьечIого яргъидгIуцIараз гьениб жидеего риидалил чIей гьабун букIун буго, лъачIого гьенире тIаде ккун руго чанае арал гIолохъабиги. Жидедаго хадур рачIарал чагIийилан ккун экстремистаз чIван руго гьел. НизамцIунулезул мухIканал гурел баяназда рекъон гьеб такъсир гьабун буго «Гъизилюрталъул» изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчагIаз. Гьел чагIи ралагьизе МахIачхъалаялъул Кировский мухъалда терроризмалде данде чIараб низамги лъазабун къуваталъул идарабаз хасал тадбирал тIоритIулел ругин хъвалеб буго Россиялъул терроризмалде данде чIараб миллияб комитеталъги.

Гьел гIолохъаби чIваялъул хIакъалъулъ кинал баяналин ругел росулъин абун цIехана «Эркенлъи» радиоялъе Шамхал росдал гIадамазда. Гьез лъазабухъе чIварал гIадамал ратун ругин абун гурони, жеги гьел щал лъилали лъалеб гьечIо. Жидер росулъа гурел батIияб бакIалдаса рукIун ратизе бегьулин гьелилан абуна гIадаамаз, гьез бицухъе Шамхалалда аскIоб бугеб рохьое хIухбахъи гьабизе батIи-батIияб бакIалдаса гIадамалги гIезегIан рачIунел рукIун руго. Гьединго шамхалалъулаз абуна гьел гIолохъаби чIварал чагIи жидер росулъ рахчун ратизе бегьулинги абун, гьениса гIебеде хасал тадбирал тIоритIизе хIадурулел ругила къуваталъул идарабазул хIалтIухъабийилан. Росулъе рачIунеб бакIалдаги, аслияб къотIнобги рагъулаб техникаки хасал идарабазул хIалтIухъабиги чIун ругилан.

Гьединго 2 сентябралдаги МахIачхъалаялдаса Семендер росулъе сверулеб бакIалда полициялъул хIалтIухъабаз хал гьабизе «Приора» автомобиль чIезабулаго, гьенисан низамцIунулезде кьвагьдон руго. Данде речIчIараб жоялъ полициялъулаз автомобилалъув вукIарав 37 сон барав Мустафаев Ражаб чIван вуго. ТIокIаб лъиениги щибниги къварилъиги ккун гьечIо. Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул баяназда рекъон чIварав кколев вукIун вуго «МахIачхъалаялъул» ва «Гъадаралъул» изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчилъун. 2009 соналъ Семендералда полициялъул хIалтIухъабазде кьвагьдеялъулъ ва цойги чанго батIияб такъсиралъулъги гIахьаллъи гьабун букIун буго гьес.

3 сентябрь Россиялда лъазабун буго терроризмалде данде чIараб къолъун. Гьеб къоялъул хIурматалда Каспийскалда терроризмалъул къурбаназе бараб монументалда цере тIугьдуллъезе ун вукIана Дагъистаналъул бетIерги. Гьениб гьабураб кIалъаялда ГIабдулатIипов Рамазаница лъазабуна исана риидалил моцIаз Дагъистаналда терроризмалъул рахъалъ гIодойбиччай бугин кканиги, гьеб захIматаб масъала кибениги ун гьечIилан. Гьесул рагIабазда рекъон терроризмгун экстремизм цебетIеялъе гIемер гIиллаби руго Дагъистаналда, амма бищунго кIудияб гIиллалъун буго гIун бачIунеб гIелалъул лъавукълъи ва гьезда гьоркьоб букIине кколеб бичIчIикьеялъул хIалтIи гьабунгутIи. ГIабдулатIиповас гьединго лъазабуна чанго аза-азар жамгIиял идараби ругила Дагъистаналда, гьез гьабулеб хIалтIиги бихьулеб гьечIила жиндида. Гьел идарабазда тIадаблъун гьабизе кколила гIолилазда гьоркьоб бичIчIикьеялъул хIалтIи гьабизе.

Афгъанистаналда рагъулел рукIарал дагъистаниязул жамгIияб гIуцIиялъул бетIер хисулев Хадулаев Шамилил рагIабазда рекъон хIалтIулел гьечIин абун жамгIиял идарабазде гIайибал гьарилалда цебе, гьезул иш цебебилълъиналъе квербакъи гьабизе кколеб буго тIалъиялъ.

Хадулаев Шамиль: «ХIалтIизе бокьараб халкъ гьечIо, киназдаго чIалгIун буго чIобого хIалтIун. ЖамгIиял идараби Дагъистаналъул тIалъиялда некIого кIочон тун руго. Цониги тадбиралде къваригIараб мехалда гурони гьел ракIалде щоларо. Гьедин букIаниги I3 соналъ нижерго гIарацги хвезабун хIалтIилеб буго нижер гIуцIи. Ниж мухъаздеги, росабалъеги, бокьараб шагьаралдеги хьвадула батIи-батIиял тадбиразулъ гIахьаллъизеги, нижецагоги тIоритIула гьел. Кидаго гIолилазулгун дандчIваял гьарула, гьезда лъикIаб –квешаб жо малъула, амма гьедин хIалтIи гьабулеб жамгIияб идара чан бугебалицин абизе кIоларо дида, амма гьел цIакъго дагь хутIун рукIин рихьула. Ниж хIадур руго бокьараб хIалтIи гьабизе, къваригIаралъуре инеги, амма дагьалниги ресалги шартIалги чIезареха жамагIатчагIазеги. Гурони гьалщинал саназ хIалтIилел ругел нижее цохIо 2012 соналъ 200 азарго гъурущ Дагъистаналъул хIукуматалъул грант щун гуреб, тIокIаб щибго жо щвечIо».

Гьединго Хадулаевас абуна Дагъистаналда жамагIатчагIазул къимат хвезабун бугила, гIарцуе гIоло бокьа-бокьараб гьабулел гIемерал жамгIиял идараби гIуцIун рукIиналъилан. Дагъистаналъул хIакимзабаз чанги гьерсилал жамгIиял идараби гIуцIун ругила гьезие биччалебин абун гIарацги тIалаб гьабун, гьеб жидерго чунтузухъ лъолин гьезилан абуна Хадулаев Шамилица «Эркенлъи» радиоялъе.

XS
SM
MD
LG