Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабуна Украиналъул ситуациялде гьоркьобе Россия лъугьине гьечIин. МГИМОялъул студентазда цеве кIалъалаго итни къоялда гьес цоги нухалда абуна Магърибалъул улкабазул Украиналда кколеб бугелдехун ритIухъаб гуреб бербалагьи бугин.
Украиналъул президент Петр Порошенкол ракълилаб планги рагIалде бахъиналда щаклъи бугеб бугин рикIкIунеб буго министрас, щайгурелъул гьеб планалда рекъон сепаратистаз ярагъги гIодоб лъун жалго чIвазе тезе кколел ругин.
Россиялъул президент Владимир Путинил пикруялда, Киевалъул нухмалъиялъе бокьун гьечIо улкаялъул жанубиябгун-машрикъалъул рахъалда ругелгун политикияб магIна бугеб диалог гьабизе.
Гьес гьедин абуна итни къоялда «Би-би-сиялъе».
Путиница абухъе «ополченцазул» мурад буго ракълилаб халкъ чIвазе теларедухъ украиналъул армия машрикъалда ругел чIахIиял шагьараздаса рикIкIад гьаби.
Украиналъул тIалъиялъ ва магърибалъул улкабаз лъазабулеб буго Россиялъул аскарал гIахьаллъулел ругин Украиналъул территориялда тIоритIулел рагъулал операцияздайин.
Гьеб хIужа Москваялъ кьварун нахъчIвалеб буго.