Казахстаналъул президент Нурсултан Назарбаевас лъазабуна, гьесул улка гьелда цIадахъго Россияги Беларусьги гъорлъе унеб Евразиялъул цолъиялдаса нахъе лъугьине бегьиялъул хIакъалъулъ.
«Хабар» телеканалъе интервью кьолаго Астанаялда Назарбаевас лъазабуна: «КъотIи-кIаялдалъун чIезарурал тIадеросиял тIуразарулел гьечIони, Казахстаналъул ихтияр буго Евразиялъул экономикияб цолъиялдаса нахъе лъугьине. Астана киданиги букIине гьечIо Казахстаналъул лъиданиги бачIоголъиялъе хIинкъи бугеб бокьараб гIуцIиялда гъорлъ».
Назарбаевас пачалихъалъул нухмалъи гьабулеб буго Казахстаналъе лъиданиги бачIеб улкаялъул статус щваралдаса. 20II соналда тIоритIарал президентасул рищиязда гьесие гьоркьал кьуна рищарухъабазул 95 проценталъ.
Россиялъул президент Владимир Путиница «Селигер» абураб гIолилазул форумалда цеве вахъунаго 29 августалда лъазабуна, Казахстан гIуцIанин киданиги пачалихъ букIинчIеб территориялдайин.
Дагьалъ цебе ЛДПРалъул лидер Владимир Жириновскияс «Эхо Москвы» радиостанциялъул эфиралда лъазабуна, Украиналда лъугьа-бахъаралда хадуб, Россиялъ жиндирго кIвар буссинабизе кколин Казахстаналдейин. Гьениб, гьесул пикруялда, загьирлъулеб буго Россиялде рокьукълъиялъул пикру.
«Эхо Москвы» радиоялъул лъазабиялда рекъон, Казахстаналда гIумру гьабулел хIинкъун руго «Украиналъул сценарий» гьезул улкаялдаги такрарлъизе бегьиялда бан.
Гьеб лъазабиялде реакция хIисабалда улкаялда тIобитIун буго «Тарихьалъул тIехь Путинихъе битIе!» абураб протесталъул акция.