Пакистаналъул премьер-министр Наваз Шариф хъулухъалдаса нахъе ин тIалабгун тIобитIараб протесталъул акциялъул нухмалъуда вукIарав динияв активист ТIагьир аль-Къадрица лъазабуна жинца инкар гьабулеб бугин хIукуматалъулгун кIалъа-басаяздасайин.
Гьелъул хIакъалулъ гьес жиндирго рахъ ккуразда лъазабун буго Пакистаналъул нухмалъиялъулгун арбагI къоялъул маркIачIуда рукIарал консультациязда хадуб.