Хамиз къоялда Анкараялда гьа бана Туркиялъул цIияв президент Реджеп Эрдоганица. 11 соналъ премьер-министрасул хъулухъалда вукIарав Эрдоган президентасул посталде вачIана улкаялъул бетIерасул кинабго халкъ гIахьаллъараб тIоцересел рищиязул хIасилалда.
Инаугурациялъул церемония тIобитIана Туркиялъул парламенталда. Гьелъие бойкот лъазабун, гьа баялъул данделъиялдаса нахъе ун руго оппозицияб Республиканияб халкъияб партиялъул гIахьалчагIи. Гьез Эрдоганида гIайиб гIунтIизабулеб буго конституция хвезабулеб букIиналъул.
Ахирисес гIамал гьабулеб буго конституция хисизабун президентасул ресал гIатIилъизаризе. Инаугурациялъул церемониялда гIахьаллъана I0-ялдаса цIикIкIун къватIисел улкабазул бутIрул. I0 августалда тIоритIарал президентасул рищиязда Эрдогание щвана гьаркьазул 52 процент.
Туркиялъул премьер-министрасул хъулухалде вачIунев вуго къватIисел ишазул министрлъун вукIарав АхIмат Давутоглу.