ГIиракъалда этникияб ишара кьучIое босун гIадамал гъуриялъул гIайиб радикалиял исламистазул «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде гIунтIизабулеб буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъул бетIер Нэви Пиллэйица.
Итни къоялда бахъараб гьелъул лъазабиялда абулеб буго, исламистазул такъсиразда гъорлъ ругин чIвадари гуребги, гIадамал лагъзабазде руссинари, сексуалияб хIал гьаби ва этникиябгун миллияб ишара босун зулму гьабиян. Гьелъул рагIабазда, гьел рикIкIине бегьула инсанияталде данде ва рагъулал такъсирал хIисабалда.
Пиллэйица ГIиракъалъул хIукумат ва халкъазда гьоркьосеб жамгIият ахIана гIитIинаб къадаралда улкаялда ругел гIадамал, гьездаго гъорлъ христианал, езидал ва туркоманал цIуниялъе нахъ тIамичIого тадбирал гIуцIиялде.