Москваялда ракIалда буго гьаб анкьалдаги цIияб гуманитарияб колонна Украиналъул жанубиябгун машрикъалъул рахъалде битIизе. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас.
Гьесулго рагIабазда, гьединаб нота гьатIан къоялда битIун буго Украиналъул КъватIисел ишазул министерлъиялде.
КъватIисел ишазул идараялъул бетIерас хьул загьир гьабуна, гьаб нухалда гуманитарияб конвоялда хурхун проблемаби рукIкIунгутIиялъул.
280 юк баччулеб машинаялдаса Россиялъул тIоцебесеб гуманитарияб колоннаялъ Украиналде щвезабуна гуманитарияб юк. Россиялъулгун Украиналъул гIорхъоде аскIобе гьеб щун букIана I4 августалдаго. Амма гIорхъода хал-шал ва цогидал тIалабал тIаразари анкьалдаса гурони байбихьичIо.