Германиялъул канцлер Ангела Меркелица Украиналда халат бахъунеб конфликталъул кIиябго рахъалдехун юссун, ахIи балеб буго жинца Киевалде сапар бухьулел къояз, ай 23 августалдаса байбихьун, кьал гьоркьоса къотIиялде.
Украиналъул президент Петр Порошенкогун рукIарал кIалъа-басаязда хадуб Меркелица лъазабуна маслигьат чIезабизе цохIого цо нух бугин – кIиябго рахъалъул разилъи.
Гьелъ гьединго абуна, божилъи бугин 26 августалда Россиялъул, Украиналъул, Казахстаналъул, Белоруссиялъул ва Евроцолъиялъул церехъабазул рукIинесел кIалъа-басаязул лъикIаб хIасил букIиналда.
Жиндир иргаялда Петр Порошенкоца абуна жиндир улкаялъ суверенитет маслигьаталъухъ хисизе гьечIин.
Германиялъул канцлер Меркелица дурус гьабуна, жидеца Украиналъул цолъиялъе квербакъи гьабулеб бугин.
ТIаде бачIунеб анкьида Украиналъул президент Петр Порошенкоца ТIадегIанаб Рада биххизехъин бугин, хасаб буюриялда гъоркь гъулбас лъун.
Гьелдалъун иргадулал гурел парламентиял рищиялги лъазаризе руго. Гьадин лъазабуна нижер радиоялъе Украиналъул бетIерасул гIакълучи Олег Медведевас.