ХIукуматалдаги оппозицияб кIиго къокъаялдаги гьоркьоб бугеб конфликт рагIалде бахъинабиялъул мурадалда рахъал кIалъа-басаязде ахIана Пакистаналъул рагъулаз.
Гьелда цебе демонстрантал премьер-министр Наваз Шариф хъулухъалдаса нахъе ин тIалаб гьабун, рачIун рукIана парламенталъул минаялде цере.
Баррикадаби риххизарун, протесталъул гIахьалчагIи жанире ана хIукуматалъул аслиял минаби ва къватIисел улкабазул вакильлъаби ругеб «багIараб зонаялда». Оппозициялъул къокъабазул нухмалъи гьабулеб буго крикет хIалев профессионалияв спортсмен Имран Ханица ва рухIияв хIаракатчи ТIагьир Къадрица.
Гьел кIиязго Шарифиде гIунтIизарулел руго коррупциялъул ва легалияб гуреб бизнесалде гIахьаллъи букIиналъул. Гьез гьединго рикIкIунеб буго 20I3 соналда рукIарал президентасул рищиязда гьев макру-хIилла гьабун бергьанин.