Россиялъул нухмалъиялъ хIадур гьабун буго Магърибалде данде гьарулел санкциязул цIияб сияхI. Гьел хIалтIизаризе ракIалда рагIула, нагагьлъун Евроцолъиялъ ва Цолъарал Штатаз Россиялде данде цIиял санкциял лъазарулел ругони. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго «Ведомости» газеталъ.
Россиялъ хIалтIизаризе бегьулел санкциязда гъорлъ буго гьединго промышленносталъул цо-цо къайиялдаса инкар гьаби. Мисалалъе, автомобилаздасаги медикиял алатаздасаги.
Экспертазул пикруялда, Европаялдасаги СШАялдасаги автомобилал гьукъани, дунялалъул автобазаралда лъугьине бегьула кIудиял хиса-басиял. Амма цогидаб компаниялъул вакиласул абун буго, «нагагьлъун медикияб къайиялдаса инкар гьабуни, Россиялда унтизе бегьизе гьечIин».
7 июлалда Россиялъ бахъана улкаялде импорт гьукъарал квен-тIехалъул кванил нигIматазул сияхI. СияхIалде ккана Цолъарал Штатаздаса, Евроцолъиялдаса, Канадаялдаса, Австралиялдаса ва Норвегиялдаса продукция.