ГIизраилалъул премьер-министр Биньямин Нетаньягьуца лъазабуна, жиндир улкаялъ Газа секторалда Палестиниязулгун маслигьат гьабизе гьечIин ГIизраилалъул хIинкъи гьечIолъиялъул шартIазул хIурмат палестинияз гьабичIони.
гьадин гьес абуна гьатIан къоялъ Мисралъул тахшагьар Каиралда унел кIалъа-басаязул иргадулаб данделъиялда. Жиндир иргаялда ХАМАС гIуцIиялъул вакилзабазги тIалаб гьабуна Газа секторалъул блокада нахъе бахъе ян абун.
Халкъаздагьорсьосел агентлъабазул баяназда рекъон исана 8 июлалда байбихьараб дандечIеялъул хIасилалда кIиазаргогIан палестинияв ва 67 гIизраилалъулав чIван вуго.