Украиналъул машрикъалъул рахъалда ахирисеб сордо-къоялда жаниб гьеб улкаялъул 13 рагъулав хъулухъчи чIван вуго. Гьадин лъазабуна Украиналъул Миллияб ХIинкъи ГьечIолъиялъул Шураялъул вакил Андрей Лысенкоца.
Гьесул рагIабазда рекъон сордо-къоялда жанир Украиналъул аскарияз сепаратистазукьа хвасар гьаруна лъабго бакI – Луганск икълималда ругел Круглик ва Миусинск росаби ва в Донецк икълималда бугеб Пантелеймоновка росу.
Лысенкоца гьединго тIаде жубана Россиялъ Украиналъулгун бугеб гIурхъиде аскIоре жиндирго аскариял цIалел ругин.
Мисалалъе босани Воронеж иълималда бугеб Вейделевка росулъ чIей гьабулеб бугин Псковск шагьаралъул гьавадул-десандалъул дивизиялъул къукъаялъ.