Исана ункъабилеб нухалда Пятигорск шагьаралда аскIоб бугеб магIарда тIобитIулеб буго гIолилаз жидецаго ургъарал социалиял проектал рихьизарулеб «Машук» форум.
Хас гьабун шималияб Кавказалъул гIолилазе тIобитIулеб гьеб форумалда исана Россиялъул цойгидал регионаздасаги 200 гIан чияс гIахьаллъи гьабизе бугин лъазабуна форум гIуцIараз.
Форум тIобитIулеб буго 20I0 соналдаса нахъе, гьеб гIуцIулеб мехалда Россиялъул гIолилазул ишазул министерлъиялъул хIалтIухъабаз абулеб букIана «Машук» тIобитIулеб бугила Кавказалдаги бажари бугел гIолилал рукIин рихьизарийилан.
Гьедин щибаб регионалдаса рачIарал гIолилаз форумалда рихьизарула жидецаго ургъарал социалиял проектал. Гьезда гьоркьоса тIаса рищун бищун лъикIал гIумруялде рахъинаризе гIарацги кьола.
«Машук» гIуцIаразул баяназда рекъон исана форумалда гIахьаллъизе 3000 гIан чи. Гьезда гьоркьоса 200 гIан чи вуго Кавказалдаса гурел, Россиялъул цойгидал регионаздаса гIолилал.
Цересел саназде данде исана бищунго гIемер чияс гIахьаллъи гьабизе буго форумалда. Дагъистаналдаса исана «Машукалда» 400 гIан чияс гIахьаллъи гьабизе бугилан бицана исанасеб «Машукалда» хурхарал суалазда тIасан кьураб пресс-конференциялда Дагъистаналъул гIолилазул ишазул министерлъиялъул нухмалъулев Къурбанов Заурица.
Къурбанов Заур: «Кидаго гIадин исанаги нилъер гIолилал хIадурулел руго «Машукалда» гIахьаллъи гьабизе. Исана гьеб форумалъул кIиго бутIаялъулъ гIахьаллъизе руго нилъер гIолилал.
Гьез форумалда рихьизаризе руго сиясаталда, спорталда, волонтеразул ишалда, бизнесалда хурхарал проектал. Нижеца цин гьанир республикаялдаго тIоритIана цин гьел проектал рихьизари.
Гьанир бищун лъикIаллъун рикIкIарал ине руго форумалде. Киналниги I200 гIан проект бачIун букIана бихьизабизе. Гьезда 400 тIаса бищана жюриялъ. Щибаб санайил «Машукалда» гIахьаллъи гьабизе бокьаразул къадар цIикIкIунеб буго.
Цересел саназда гIемерисел гIахьалчагIилъун цохIо студентал рукIарал ратани, гьанже гIемерлъулел руго гьезда гьоркьор гIолохъанал гIалимзаби, бизнес гIуцIизе бокьарал чагIи. Форумалда гIахьаллъи гьабизе бегьула проект гIуцIарав 30 санал инчIев бокьарав чияс.
Абизе ккола нилъер гIолилазулгIан цIикIкIун къимат кьурал проектал гьеб форумалда лъилниги рукIунарилан. Бищун гIемер рилъерал бергьинеги бергьуна гьенир. ЦохIо гъоркьисала Дагъистаналдаса гIолилазе «Машукалда» щварал грантал 20 миллион гъурщиде рахана».
«Машук» гIадинал форумаз кIудияб кумек гьабулила бажари бугел гIолилал тIатинаризе, гьезул гьунаралги лъайги цойгидаздаги бихьизабиялъейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гIарцул устар ХIажиев Расулица.
Гьев исана кIиабилеб нухалъ ине вуго «Машукалде» дагъистаналъул халкъиял махщелал цIуниялъе ва гьел церетIеялъе гьабизе кколебщинаб хъвараб проектгун. Гъоркьисала гьединабго проект гIумруялде бахъинабизе гьеб форумалда грат кьун букIун буго Расулие.
Гьеб гIарацги хIалтIизабун Расулица данде гьарун руго сурат бахъизе лъалел, месед-гIарацалъул тIагIалаби гьаризе лъазабулел гIолилал. Августалъул ахиралда гьезул тIагIалабазул тIоцебесеб выставкаги тIобитIизе бугин бицана гьес.
Расул ХIажиев: «Дица данде гьарун руго художественниябгун-графикаялъул факультеталда цIалулел рукIарал, яги жеги цIалулел ругел, сурат бахъизе лъалел, месед-гIарцул ишалде руссине бокьарал гIолилал. Нижеца тIад рукIун лъазарулел руго Дагъистаналъул халкъиял махщелал.
Гьаб сагIаталда жаниб гIемерисел гIарцул тIагIалаби гьарулел руго нижеца, амма цойгидал машщелалги гIолилазда лъазаризе бокьун буго дие. Гьединлъидал исана гIуцIараб дир проект хурхинабун буго квасул тIагIалаби гьаризе, рессаризе, угьаризе, ансадерил тIагIалаби гьариялда. Бергьиналде хьулги буго.
Гьединал форумазда грантал щвани гурони тIокIаб гьединал ишазе гIарац биччалеб бакIги букIунаро, хасго дунгIадал гIолохъабазе. Гьедин кIвараб-тараб гьабун нижецаго чIаголъи гьабизе кколеб буго. Дида кколаха дир гIадаб кIвар бугеб проекталъе букIине кколеб къимат кьелин гьенибилан.
Гьел нилъер халкъиял махщелал ккола, халкъалъул бечелъи, амма гьел кIочон толел рукIиналъ ракI бакъзвазабулеб буго. Жакъа къоялъ гIодоса тIаде гьеб ишалда ратарал, Кубачиялъги, ГьоцIалъги, Унсокологи гурони гьеб ишалде руссарал гIолилал гьечIелъул нилъер».
ТIоцебе 20I0 соналда «Машук» форум тIобитIулеб мехалда гьелъул бюджет букIана 23 миллион. Хадуб щибаб санайил гьеб цIикIкIунебги букIана. Гъоркьисала форумалъул бюджет I00 миллион гъурщиде бахана.
Исана жеги лъазабун гьечIо форумалъул грантазе кигIан гIарац биччан бугебали, амма мухIканал гурел баяназда рекъон гъоркьисалалде данде кIигогIан нухалъ цIикIкIун буго гьелъул бюджет.
Гьеб форумалда кьолел грантазда хурхун гIемераб хабарги букIуна, рагьун абичIониги социалиял сайтазда хъвадарун, гьадинго цоцада бицун гьел грантал кьолеб куцалдаса разигьечIел гIемер рукIуна. Гьедин «Вконтакте» абулеб социалияб сайталда бугеб машукалъул гIахьалчагIазул къокъаялда гIолилаз хъвалеб буго гьел грантазе биччараб гIемерисеб гIарац форум гIуцIараз бикъулилан.
Гьезулгун бащад гьабичIони, кигIан лъикIаб проект букIаниги грант кьоларилан.
БукIунищин гьединаб ахIвал-хIалин «Машукалда» грантал рикьулелъулилан цIехана «Эркенлъи» радиоялъ чанго нухалъ гьеб форумалда гIахьаллъарай МахIачхъалаялдаса гIолохъанай программисталда.
Жиндица абурб жо битIараб букIин бихьизабулел далилал гьечIелъул, рагьун гьеб киналъулго хIакъалъулъ бицун бажаруларила жиндихъ, гьединлъидал цIарги гьаракьги хъвагейин гьарана гьелъ.
Гьей ясалъул рагIабазда рекъон гъоркьисала «Машукалде» араб мехалда гьелъ жиндирго проектги бихьизабун буго, гьеб гIумруялде бахъинабизе 100 гъурущ къваригIунин абураб хIисабги кьун буго.
Проектазул хал гьабулеб комиссиялъ абун буго жидеца дур проекталъе 300 азарго гъурущ биччазе бугила, гьелъул дуе 50 азарго гъурущ гурони щоларила. Яги гьелда разилъайила, яги дуе щибниги щоларилан. Гьеб мехалда жий проектги босун нахъе йилълъанилан бицана гьей ясалъ.