Китаялъул Юньнань провинциялда ракьбагъариялъул хIасилалда хун рагIула бищун дагь босун 150 чи.
БакIалъулал нухмалъиязул лъазабиязда рекъон, риххун руго рукъзал, школаби. КIудияб зарал ккун буго коммуникациязе.
Цолъарал Штатазул геологияб хъулухъалъул хIисабалда ракьбагьариялъул балл бахун буго 6.3-ялде.