Израилалъул Улка цIуниялъул министерлъиялъ тIадеги 16 азарго резервист ахIулев вуго рагъул къуватазде Газа секторалда ХIАМАС къокъаялъул яргъид гIуцIарал къокъабазде данде къеркьеялъул мурадалда. Гьединаб къагIидаялда ахIарал резервистазул къадар бахунеб буго 86 азарго чиясде.
Израилалъ рагIи кьуна Газаялда Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул школаялде кьвагьдеялъул хIасилалда бищун дагь 16 чи хвеялда ва анцI-анцI лъукъиялда хурхун цIех-рех тIобитIизе. Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул генералияв секретарь Пан Ги Муница квешаб къимат загьир гьабуна гьеб инциденталда хурхун. Гьес лъазабуна гьеб кколин «ракI бакъвазабулеб ритIухъ гьабизе бегьулареб хIужжайин».
Израилалъул хIукуматалъул вакилас лъазабуна, школалъул сверухълъиялдаса палестинаялъул яргъид гIуцIарал кьвагьдолел рукIанин, израилалъул рагъулал данде кьвагьаданин.
Израилалъул рагъулаз лъазабулеб буго, жидеца кьабиял щвезарулел ругин ХIАМАСалъ Израилалде тIадкIанцIиял гьариялъе хIалтIизарулел туннелаздайин.
Палестинаялъул нухмалъиялъул хIисабалда, 8 июлалдаса, ай, Израилалъ ХIАМАСалде данде операция байбихьаралдаса хун вуго бищун дагь босун 1360 чи, аслияб къагIидаялда гIадатиял гIадамал. Гьебго заманалда Израиалъул армиялъе камун вуго 56 рагъулав ва хун вуго 3 гражданияв.