1 августалдаса Россиялъ гьукъулеб буго Польшаялдаса бокьараб пихъ, пер-хер бичизе. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Россельхознадзор идараялъул нухмалъулесул кумекчияс.
Гьесул рагIабазда , гьединаб хIукму къабул гьабун буго «Польшаялъул рахъалъ сертификациялъул тIалабал тIуразарунгутIиялъе гIоло ва гьенисан бачIунеб продукциялда карантиналъе багьана бугел элементал рати».
Москваялъ лъазабураб гьукъи Польшаялда бихьулеб буго Евроцолъиялъ Россиялде данде лъазарурал санкциязе жаваб хIисабалда.