Гаагаялъул гьоркьохъанлъиялъул диваналъ къватIиб чIвазабуна ЮКОСалъул акционеразул гIарзаялда рекъон къабул гьабураб хIукму. Гьелда рекъон, Россиялъул пачалихъалъ компенсация хIисабалда акционеразе кьезе кколеб буго 50 миллиард доллар. ГIарзаби кьураз тIалаб гьабулеб букIана 114 миллиард доллар. Гаагаялъул диваналъ кIвар буссинабуна, Россиялъ Энергетикияб хартия хвезабун букIиналде ва къануналде данде кколареб къагIидаялда ЮКОСалъул активал рахъун рукIиналде. Диваналъул хIукмуялда рекъон, Россиялъ рехсараб гIарац акционеразе кьезе кколеб буго 20I5 соналъул I5 январь щолелде.
ЮКОС абураб Россиялъул нартил компания букIана I993 соналдаса 2007 соналде щвезегIан. 2006 соналъул I августалда гьеб лъазабуна банкротлъун. Гьелъие гIоло компания ккун буго 500 миллиард долларалъул налъукье. Гьеб налъи ва ЮКОСалъул активазул аслияб бутIа жинхъего босун буго «Роснефть» компаниялъ.
ЮКОСалъул вукIарав бетIер Михаил Ходорковскияс загьир гьабуна жив Гагаялъул диваналъул хIукмуялда рази вукIин.