Ссылки для упрощенного доступа

Украиналъул армиялъул щун буго Горловкаялде


Украиналъул армиялъул рагъулал ишал гIунтIун руго Горловка абулеб шагьаралъул сверухълъиялде. Гьенив чIван вуго къогогIан сепаратист. Гьедин лъазабулеб буго Украиналъул миллияб хIинкъигьечIолъи ва улка цIуниялъул Шураялъ.

Россиялъ абуни аскарал ракIарулел руго Украиналъулгун гъорхъоде аскIоре. Украиналъул рахъалъ лъазабулеб буго Россиялъул техникаялъулги ина-рачIин бихьулин гьениб, цо-цо росабалъ артиллериялъул позициялги щула гьарулел ругин.

XS
SM
MD
LG