Европаялъул Цолъиялъ дандран руго украиналъул кризисалда гIахьаллъи букlиналда хурхун Россиялде данде гьаризесел экономикиял санкциял.
Дипломатазул рагIабазда рекъон, Евроцолъиялъул 28 улкаялъ цадахъаб къотIи гьабун буго Россия капиталалъул базаралде биччангутIиялда, гьелъул технологиял гьел улкабазде риччангутIиялда ва энергетикаялъул секторалда хурхун.
Гьел санкциял хъинтIизе руго Россиялъул рагъулаб секторалдаги.
Гьел документал кьун руго талат къоялде гьел къачIазе кколеб Еврокомиссиялъухъе.
Гьелде тIадеги, Евроцолъиялъул улкабаз Брюсселалда дандбараб санциязул цIияб сияхIалде восун вуго Россиягун Украиналдаса 15 чиги кIиябго улкаялда бугеб 18 завод-фабрикаги.
Bloomberg агентлъиялъул баяназда рекъон, гьеб сияхIалда рагIула Россиялъул ФСБ-ялъул директор Александр Бортников, КъватIисеб цIех-рехалъул хъулухъалъул бетIер Михаил Фрадков, Россиялъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъул секретарь Николай Патрушев, ва Чачан республикаялъул бетIер Къадыров Рамзан.
Гьеб сияхI къабул гьабуни, Евроцолъиялъул улкабазде ине гьукъарал ва гьенир банказда бугеб гIарац цIорозабурал россиялъулгун украиналъул гражданазул гIаммаб къадар 87 чиясде бахине рес буго.