Ссылки для упрощенного доступа

Россиялде данде санциязул цIияб сияхI


Евроцолъиялъул улкабаз Брюсселалда дандбалеб бугеб санциязул цIияб сияхIалде унев вуго Россиягун Украиналдаса 15 чиги кIиябго улкаялда бугеб 18 завод-фабрикаги.

Bloomberg агентлъиялъул баяназда рекъон, гьеб сияхIалда рагIула Россиялъул ФСБ-ялъул директор Александр Бортников, КъватIисеб цIех-рехалъул хъулухъалъул бетIер Михаил Фрадков, Россиялъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъул секретарь Николай Патрушев, ва Чачан республикаялъул бетIер Къадыров Рамзан.

Гьеб сияхI къабул гьабуни, Евроцолъиялъул улкабазде ине гьукъарал ва гьенир банказда бугеб гIарац цIорозабурал россиялъулгун украиналъул гражданазул гIаммаб къадар 87 чиясде бахине рес буго.

XS
SM
MD
LG