Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керри щун вуго Израилалде. Гьесул мурад буго гьениб жугьутIазда ва палестиниязда гьоркьоб унеб рагъулаб дандечIей лъугIизабиялъе хIаракат бахъи.
Керри Тель-Авивалда бугеб Бен-Гурион аэропорталде вачIун вуго рагъулаб аэропланалдаги рекIун, щайгурелъул Америкаялъ гражданиял аэропланазе гьукъун букIун гьеб шагьаралда тIад роржине. Гьелъие гIиллалъунги ккун буго Газаялдаса ракетаби кьвагьулел рукIиналъ пилотазул хIинкъигьечIолъи цIуни.
Хехгьабун кьвагьи чIезабиялъул суалазда сверун рахъазда гьоркьов кIалъа-ралъаязда Израилалда гьединго вуго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияв секретарь Пан Ги Мунги.
8 июлалда Израилалъ байбихьун букIана, гьезул хIукуматалъ лъазабухъе, палестинияз ракетаби кьвагьи чIезабизелъун гьезде кьвагьизе, цин гьаваялдасан цинги ракьалдасан.
Гьелдаса нахъе палестиниязул хун вуго 600-ялдаса цIикIкIун чи, аслияб куцалда ракълилаб халкъ. Израилалъул чIван вуго 25 солдатги кIиго гIадатияв чиги.