ГIиракъалъул насранияз Мосул шагьар толеб буго гьениб зулму цIинкIкIунеб букIиналъ. Радикалиял бусурбабаз лъазабуна гьел насраниязда тIадаблъун гьабизе бугин цIикIкIараб магъало кьей.
Инкар гьабулел гIадамал жидеца чIвазе ругин, абураб хIинкъи кьолел руго экстремистаз. Нижер радиоялъул ГIиракъалъул хъулухъалъул мухбирас лъазабуна, Мосулалда цониги насранияв гьечIин гьанже.
Рималъул папа Францискица гьатIан къоялъ жиндирго хитIаб гьабулаго, абуна, ГIиракъалъул насраниязул къисматалъ жиндиро рахIат хвезабулеб бугин ва какана экстремистаз гьезде гьабулеб тIадецуй.