КIудияб Британиялъул, Франциялъул ва Алманиялъул церехъаби разилъана Россиялде данде жеги кьварарал санкциял лъазаризе президент Владимир Путиница сепаратистазе жиндирго асар гьабизе гьечIони - Малайзиялъул бортараб боржароялъул хутIелазул цIех-рех гьабулел халкъаздагьоркьосел цIех-рехчагIазе нух рагьизелъун.
Талат къоялъ Евроцолъиялъул къватIисел ишазул министрабаз гьоркьоб лъезехъин буго Россиялде данде цIиял санкциял лъазарулеб суал.