Башар Асадица гьале тIатIала лъабабилеб нухалъ гьа бана президент хIисабалда.
Гьеб хъулухъалда гьев вукIине вуго жеги анкьго соналъ. Гьеб тадбир тIобитIана арбагI къоялъ Сириялъул тахшагьар Димишкъиялда.
Июнь моцIалда тIоритIарал президентасул рищиязда гьесие щвана рищарухъабазул гьаркьазул 88 процент.
Рагъ унел бакIазда ва радикалиял исламисталги яргъид гIуцIараб оппозицияги ругел регионазда рищиял тIоритIичIо.
Оппозициялъ арал рищиязе бойкот лъазабун букIана.
Магърибалъул церехъабаз абуна рагъ унеб мехалда рищиял тIоритIи магIна гьечIеб ищ бугин.