Ссылки для упрощенного доступа

Керри данделъана Зарифгун


Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица ва Тегераналъул ядерияб программаялъул суалгун гьоркьоб халкъаздагьоркьосел кIалъа-басаязда Ираналъул къукъаялъул бетIер МухIамад Джавад Зарифица итни къоялъ Венаялда данделъана хабар халат бахъинаби мурадалда.

КIудияб Британиялъул, Франциялъул ва Алманиялъул къватIисел ишазул министрал жидерго улкабазде тIад руссана кIалъа-басаязул хIасил ккечIого.

Британиялъул министр Уильям Хейгица абуна Магърибалда ва Ираналда гьоркьоб бичIчIунгутIи хутIулеб бугин ва цебеххун гали тIамизе жидеда кIвечIин. Ираналъ абулеб буго жиндир хиял гьечIин атомияб ярагъ гьабизе.

XS
SM
MD
LG