Ссылки для упрощенного доступа

ГОВДялъул вукIарав нухмалъулев чIвай тIаде босун буго "Рохьилаз"


Шималияб Кавказалъул экстремистазул сайтазул цоялда бахъараб лъазабиялда рекъон, Гъазильюрталъул полициялъул нухмалъулевлъун вукIарав Айтемир Салимгереев ва Хасавюрталъул полициялъулав чIваялъул жавабчилъи жидедего тIаде босун буго «рохьилалин» жидеде абулез. Поковник Салимгереев чIвана 9 июлалда жиндирго рукъув. Лъазабиязда рекъон, чIвалелда цебе гьесие гIазаб кьун буго.

XS
SM
MD
LG