Афгъанистаналъул ва Пакистаналъул рахъалдаса Цолъарал Штатазул хасав вакиль Джеймс Доббинсица лъазабуна, Афгъанистаналда президентасул хъулухъалда хурхун жахIда бижинабурал кандидатаз коалициялъул хIукумат гIуцIизе кколин улка бикьичIого хутIиялъул мурадалдайин.
Гьесул рагIабазда кинав кандидат бергьаниги Афгъанисталъул киналго системабазул хIалтIул проблемаби рукIине бегьула.
Президентасул хъулухъалде кIиявго кандидатал ГIабдулла ГIабдулацаги Ашраф Гъаницаги рикIкIунеб буго гьесие щванин рищарухъабазул гьаркьазул аслияб къадарин.
Афгъанистаналъул президентасул рищиязул цереккунисел хIасилал лъазарун рукIана 7 июлалда.