Германиялъ Берлиналда бугеб СШАялъул Централияб цIех-рехалъул идараялъул бетIер нахъе къотIун вуго улкаялдаса Цолъарал Штатазе пайдагун шпионажалъул кIиго хIужжа чIезабун букIиналда бан.
Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Reuters агентлъиялъ.
Хамиз къоялда баккана лъазаби, Берлиналдаги Вашингтоналдаги гьоркьоб багъарараб шпионазул скандалалда вакканин щаклъи бугев кIиабилев чигиян.
Германиялъул Федералияб прокуратураялъул лъазабиялда рекъон, гьев чи гьанжего кквечIого тун вуго гьесда хурхун контролалъул тадбирал унел ругеб мехалъ.
Германиялъул канцлер Ангела Меркелица лъазабун буго СШАялъ жидерго партнеразул улкабазда шпионаж билъанхъизаби кколин гIадада заман хвезабиян.