Афгъанистаналъул Кандагар провинциялда арбагI къоялда тIадекIанцIи гьабун буго бакIалъулаб администрациялъул ва полициялъул минабазде.
Лъазабиязда рекъон, гьелъул хIасилалда хун вуго лъабго полициялъулав ва цо гражданияв. ЧIван вуго гьединго тIадекIанцIарав I8 чиги. Цогиги I4 лъукъунги вуго.
«Ассошейтид пресс» агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, тIадекIанцIаразул цояс провинциялъул губернаторасул офисалъул кIалтIа кьвагьизабун буго тIад бомба баукIараб автомобиль. Гьелда хадуб «шагьидзабазул рачлал» рарал яргъид гIуцIраз гIамал гьабун буго мина жидерго контролалде гъоркье босизе. Тунка-гIусиялъул хIасилалда гьел чIван руго.
ТIадекIанцIиялъул жавабчилъи жидедего тIаде босана талибаз.