Ссылки для упрощенного доступа

Нури Аль-Малики: "Арбиль буссинабун буго террористазул базаялде."


ГIиракъалъул премьер-министр Нури Аль-Маликица лъазабуна, курдазул контролалда гъоркь бугеб Эрбиль шагьар буссинабун бугин ИГИЛалъул, ай гьанже цIияб къагIидаялда абухъе «Исламияб пачалихъалъул» яргъид гIуцIарал къокъабазул рагъулаб базаялдейин. ГIиракъалъул Курдистан абураб автономияб мухъалъул нухмалъиялде гьес гIайиб гIунтIизабуна гьелъ жидерго регионалда жигьадалъул нухмалъулел яргъид гIуцIразе чIун рукIине ресал кьун рукIиналъул.

«Нижеда кIоларо кIалги къан рукIине «ГIиракъалда ва Левантеялда исламияб пачалихъ» ва Аль-Каидаялъул террористазул оперативияб базаялде Эрбиль буссинабулеб бугеб мехалда» - ян лъазабун буго Аль-Маликица.

Цере лъазабулеб букIана суннитазул экстремистиял къокъабаз улкаялъул шималияб ва магърибалъул рахъалда кIудиял территорияби, гьезда гъорлъ Курдистаналъул регионалияб хIукуматалъул контролалда гъоркь бугеб Мосул шагьарги, босун букIиналъул хIакъалъулъ.

XS
SM
MD
LG