Ссылки для упрощенного доступа

Газалъухъ Украиналъул гIаммаб налъи бахун рагIула 5.3 млрд долларалде


«Газпромалъул» бетIер Алексей Миллерица лъазабуна, Россиялъул газалъухъ Украиналъул гIаммаб налъи баханин 5 миллиардгун 300 миллион долларалдейин.

Гьес гьединго лъазабуна, «Нафтогаз Украины» компаниялъ 1 июналдаса 16-лелде щвезегIан бичараб газалъухъги кьечIин 838 миллион долларин. I6 июналдаса «Газпромалъ» Украина буссинабуна газалъухъ цебеккун гIарац босиялъул режималде.

XS
SM
MD
LG