Ссылки для упрощенного доступа

ГIиракъалда чIван вуго генерал


ГIиракъалъул парламенталъ 12 августалде бахъана гьаб анкьалда тIобитIизе ракIалда букIараб жиндирго кIиабилеб данделъи. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго ГIиракъалъул пачалихъияб телевидениеялъ.

1 июлалда тIобитIараб тIоцебесеб данделъиялда кворум букIинчIолъиялда хурхун ГIиракъалъул парламенталда бажаричIо спикер вищизе. Данделъи лъугIинабун буго заман щвелелдего, суннитазул ва курдазул депутатал хIухьбахъиялъул заманалдаса нахъ руссунгутIиялъе гIоло.

Парламентариязда гьоркьоб рагIирекъонгутIи загьирлъулеб буго «ГIиракъалъул ва Левантеялъул исламияб пачалихъ» абураб радикалиял суннитазул экстремистияб гIуцIиялъул билъанхъазабулеб рагъалъул фоналда. Экстремистаз жидерго контроалалде гъоркье босун буго улкаялъул шималиябги магърибалъулги рахъазда кIуди-кIудиял территорияби.

Итни къоялда Ибрагьим бин ГIали абураб шагьаралда чIван вуго ГIиракъалъул генерал Найм ГIабдула Судан. Гьес нухмалъулеб букIун буго Багъдад цIунулеб рагъулаб бутIаялъул. Улкаялъул премьер-министр Нури аль-Маликил вакил Кассем Аттаца лъазабухъе, генерал хун вуго экстремистаз кьаби щвезабулеб мехалда.

XS
SM
MD
LG