ГIиракъалъул курдазул регионалъул лидер Масул Барзаница регионалъул парламенталда гьарун буго гьеб мухъ лъидаго бараб гьечIолъиялъул суал гьоркьоб лъураб референдум тIобитIизе комитет гIуцIейин.
Курдазул депутат Фархад Софица абуна Барзаница «гьаранин жидеда Курдистаналда референдум гьабизе ва церетIеялъул нух тIаса бищизе лъидаго бачIеб комиссия хIадуреян».
Депутатаз лъазабулеб буго Барзаница гьединго тIадкъанин референдум гьабизе бугеб къо чIезабизе, амма гIуцIизе бугеб комитет хIалтIизе кколеб куц бихьизабунгутIизе.
Дагьаб цебегIан информалатазе Барзаница лъазабун букIана рехсараб референдум чанго моцIалъул болжалалда жаниб гьабизе къваригIун бугин жиндиейин.
Араб моцIалда курдазул къуватаз жидерго контролалде гъоркье росун руго Киркукалда жидеда сверун бахIсал унел мухъал, амма ГIиракъалъул премьер-министр Нури Маликица абун букIана 2 июлалда жидеца нахъчIвалеб бугин курдазул хIукуматалъул лъазаби ва гьел территориязда тIад жидеца контроль цIунизе бугин.