Ссылки для упрощенного доступа

Украина: рекъелищ «террористазде» данде тадбиралищ?


Украиналъул, Россиялъул, Алманиялъул ва Франциялъул лидерал – Петр Порошенкоца, Владимир Путинца, Ангела Меркелица ва Франсуа Олландица, телефоналдасан цоцазда кIалъалаго, дандрана Донбассалда ракълилаб план рагIалде рахъинаризе ругел нухал. Путиница, Меркелица ва Олландица Порошенко ахIулев вукIана Донецк ва Луганск икълимазда лъазабун бугеб рекъел, цебе лъазабун букIараб ракълилаб болжал итни къоялъул къаси сагIат 10-ялда лъугIилалде, халат бахъинабизе.

Амма Киевалда Украиналъул президентасул администрациялда цере гьатIан къоялда бакIарараб халкъалъ тIалаб гьабулеб букIана улкаялъул машрикъалъул рахъалда ругел, гьезул пикруялда, «террористазде» данде тадбирал тIоритIизе. Гьез тIалаб гьабулеб буго пайда гьечIеб «рекъел чIезабиги» къотIизабун «террористиял гIуцIабазде» данде кьварарал тадбирал тIоритIизе.

XS
SM
MD
LG