ГIиракъалда ругел экстремистазул хIинкъи буго цо гьеб улкаялъе гуребги тIолабго дунялалъеги. Гьедин лъазабуна итни къоялда Reuters агентлъиялъе ГIиракъалъул армиялъул нухмалъиялъул вакил Къассим Аттаца.
Гьесул рагIабазда рекъон, ГIиракъалда ва Сириялда жидер контролалда гъоркь ругел территориязда халифат гIуцIулеб букIиналъул суннитазул яргъидгIуцIаразул лъазаби- гьеб буго регионалъул улкабазе гуребги тIолабго дунялалъего гьабураб лъазаби.
Сириялъул шималияб рахъалда Алеппо шагьаралдаса ГIиракъалъул Дияла шагьаралде щвезегIан территория экстремистаз 29 июналда лъазабун букIана халифатлъун. Гьелъул халифлъунги гьез лъазавун вукIана «ГIиракъалда ва Левантаялда исламияб пачалихъ» абулеб къукъаялъул лидер Абу Бакр аль-Багъдади.
ГIиракъалда радикалиял бусурбабаз контроль гьабулеб буго улкаялъул шималияб ва магърибалъул рахъазда кIудиял территориязе. Июнь моцIалда гьез кверде босун букIана Тикрит шагьар. ГIиракъалъул нухмалъиялъ чIезе толеб гьечIо экстремистазде дандечIей гьабизе бахъулеб хIаракат.