Ссылки для упрощенного доступа

ЦIунтIадерил мажлисги биххана, бюджетги какана


Гьениб юстициялъул министр Азади РахIимовас бицана ЦIунтIа мухъалъул депутатазул мажлис биххизабулеб бугилан. Гьелъие гIилла гьадин бичIчIизабуна министрас.

Азади РахIимов: «Гьеб мажлисалъ лъабго моцIалда жаниб цониги нухалда гьабун гьечIо данделъи. Гьебги хIисабалде босун, республикаялъул нухмалъулес пайда босизе бегьула гьеб мажлис биххизабиялъе жиндир бугеб ихтияралдаса».

Депутатазги разилъи кьуна цIунтIадерил мажлис биххизабизе. Гьелдаса хадуб лъицаниги (я депутатаз, я ЦIунтIа мухъалъул нухмалъулев МухIамадинов Пахрудиница) тIадежубай гьабичIо гьеб суалалде.

ЦIунтIа мухъалъул гIадамаз бицухъе, чанго депутат хутIизегIан, бакIалъул мажлис дандечIун буго МухIамадинов Пахрудинида. Гьединан тIоритIун гьечIо сессиялги. Республикаялъул нухмалъиялъ цIар чIван гурони, гьев жидеца вищарав чи гурин абулеб буго гьесда дандечIараз. Гьенир рищиял исана сентябралда рукIине руго.

Гьедин бицана ЭР-ялъе ЦIунтIа мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи МухIамад Цези.

МухIамад Цези: «Депутатаз къабул гьавичIо гьев нухмалъулев (МухIамадинов Пахрудин – ред.). Гьедин цониги сессияги гьабичIо. Бюджетги къабул гьабичIо. Гьанже рищиял гьарулел ругони, гьесие гьаркьал щвелелищали лъаларо. ТIалъиялъ гIадамал хIинкъизарун, щибниги ургъизе рес буго. Гьел гьоркьоре лъугьани, гIадамазул ццим бахъине рес буго».

МухIамад Цезица ракIалде щвезаруна МухIу ГIалиев президентлъун вугеб заманалдаги лъугьун букIараб гьединаб ахIвал-хIал. Нухмалъиялъ жиндиего къваригIарав чи ЦIунтIа толеб мехалда халкъ дандечIун буго. Гьединаб ахIвал-хIал гьанжеги такрарлъани, жидер мухъалда иш хIалуцунин бицана ЭР-ялъе МухIамад Цезица.

Халкъияб Мажлисалъул депутатазе рекIее гIолеб гьечIоан бюджет гIуцIулеб къагIида. Масала, гьелда тIасан гьадин абуна депутат Жапарбег Шамхаловас.

Жапарбег Шамхалов: «Бюджеталда хIисабалде росарал цо-цо объектал щаяли лъачIого гьениса нахъе хъвагIан ратула, киса рачIаралали лъачIого гьезул бакIалда лъун ратула лъазего лъаларел объектал. Цинги гьел тасдикъ гьаризе тIамула. Кибе кигIан гIарац биччалебали лъазе ккани, депутатазда цере таблицабиги хасаб (первичный) материалги лъолеб гьечIо гьаниб. Гъоркь букIараб бюджет тIубазе кколинги абун, тIаса къунцIулеб буго гIарац, цере ккара-ккарал объектал нахъе рехулел руго. Амма цогидал объектазейин абуни биччалеб буго дунялалда батанщинаб гIарац. Нухазул фондалъул хIалтIулъги тартиб гьабизе ккола. Лъилниги хасаб бетIергьанлъиялда гуреб, республикаялъулго бетIергьанлъиялда бугеб магIишатги бугелъул, цо низам чIезабизе ккела нухазул фондалъулъ».

Гьеб сессиялда гьединго бицана пачалихъалъул гIарцуе цо-цо хъулухъчагIаз гьабураб хIилла-макруялъулги.

XS
SM
MD
LG