Украиналъул машрикъалъул рахъалда бугеб Славянск абулеб шагьар унго-унгояб рагъул авлахъалде сверизабун буго гьалкъояз президент Петр Порошенкоца заманалъулаб маслигьат лъазабун бугониги. Гьелда балагьичIого Украиналъул аскариязда ва Россиялдехун руссарал сепаратистазда гьоркьоб кьал халат бахъунеб буго. Нижер Радиоялъул мухбир Андрей Бабицкияс рахъарал суратазда бихьулеб буго гьелъул хIасил.