Страсбургалда тIобитIараб ПАСЕ-ялъул иргадулаб данделъиялда цеве вахъун, Украиналъул президент Петр Порошенкоца Россиялдехун вуссун, цоги нухалъ ахIи бана Донбассалда бугеб ахIвал-хIал ракълилаб къагIидаялда рукIалиде ккезабиялде.
Порошенкоца гьединго абуна Украиналъ демократиялъул нух тIаса бищанин, гьединлъидал жив хIадурав вугин метер гълбас лъезе Евроцолъиялъулгун ассоциация гьабиялда хурхараб къотIи-къаялда гъоркь.
Донецк икълималъул Краматорск шагьаралда гIага-шагарго 300 сепаратистас къасд гьабулеб буго бакIалъулаб аэродром бахъизе.
Амма гьеб хутIулеб буго Украиналъул аскариязул контролалда гъоркь.
Гьадин лъазабуна УНИАН абулеб информагентлъиялъ.