Кремлалъ Европаялда жиндирго гьалмагъзаби ралагьулел рукIиналда нахъ буго кIиго мурад. Цо босани, Москваялъе бокьун буго европаялъулазда цебе жиндирго имидж лъикIлъизабизе. КIиабизеги, гьелъие бокьун буго Европаялъул улкабазда Кремлалъул рахъ кквезе ва гьелъул асар тIибитIизабизе бегьулел политикиял къуватазулгун контактал щулалъизаризе. Лъица яги сунца, мисалалъе, Франциялда кумек гьабизе бегьулеб Москваялъе рехсараб стретегия билъанхъизабиялъул ишалда?
Франциялъул Ренналъул университеталъул Россиялъул рахъалдаса специалист Сесиль Вэсьеца Эркенлъи радиоялъе комментариял гьарулаго абуна, Франциялда ва тIолабго Магърибалда рукIине рес гьечIин Россиялъул нухмалъиялъул битIараб къагIидаялда рахъ кколел хIукуматалъул гурел гIуцIиялин. Амма ратIа чIарал гIадамал цо-цо гIуцIиязда дагьал гьечIин.
Сесиль Вэсье: «Гьале буго Россия. Гьелъие бокьун букIине те жиб къватIиб лъикI къабул гьабулеб букIине. Гьелъул имидж лъиклъизабиялда тIад хIалтIизе ва гьелъие гIарац биччалел чагIи кидаго ратула. Ахир-къадги гьелъ рачунел руго политикияб комммуникациялде.»
Щиб жо кколеб Россия, абун суал лъолеб буго гьелъ.
Сесиль Вэсье: «Россия ккола жиндир хIакъалъулъ журналистаз хъвалеб жо, гьелъул артистаз бихьизабулеб жо. Россия гIадамаз къабул гьабулеб буго гьелъул цIаралдаса бихьизабулеб ва гьелъул хIакъалъулъ бицунеб жоялдалъун. Гьеб ккола гIадамазул ботроль данде ракIарарал бербалагьиял. Франциялда гIемер руго Россиялъул рахъалдаса экспертал, журналистал, руго гьединго батIи-батIиял ассоциацияби Россиялъул имиджалъул доб яги гьаб аспект билъанхъизабулел. ГьечIо батIа чIараб хасаб гIуцIи».
Гьелъ гьединго кIвар буссинабулеб буго «Русский мир» абурал гIадал проектал рукIиналдеги. Гьелъул официалияб масъала кколин, абулеб буго гьелъ, къватIисел пачалихъазда гIурус мацI ва литература тIибитIизаби ва машгьурлъизабиян. Гьеб релъараб буго, мисалалъе, анцI анцI улкабазда ругел Франциялъул институтаздаги, Британиялъул мажлисаздаги. Гьебги ккола улкаялъул позитивияб имидж тIибитIизабиялъул мурад жиндилъ бугеб политикаялъул бутIа.
Сесиль Вэсье: «Гьеб ишалда суал буго хурхараб киб лъугIунеб улкаялъул позитивияб имидж ва кинаб моменталда гьеб буссунеб улкаялъул нухмалъулезул позитивияб имиджалде, абураб. Мисалалъе, щибниги квешаб жо гьечIо Россиялъул вакиллъиялъ гIурус мацIалъул дарсазе гIарац биччалеб бугони. Цогидаб иш ккола, педагог хIисабалда Россиялъул вакиллъиялъ, мугIалимзаби рищулеб мехалда, дие буюриял кьолел рукIарабани.»
Сесиль Вэсьеялъул пикруялда, гьаб заманалда Франциялда буго официалияб нухмалъиялъулгун гьоркьорлъаби рукIиналъул декларация гьабулареб, амма гIицIго Кремалъул гурони мухъ билъанхъизабулареб Россиялъул цого-цо гIуцIи. Гьеб ккола Наталья Нарочницкаялъ нухмалъулеб Парижалъул Демократиялъул ва гьоркьорлъаби гIуцIиялъул институт.
Ункъоабилел соназда гьей хIалтIулей йикIана Цолъарал миллатазул гIуцIиялда СССРалъул къокъаялда гъорлъ. Чанго соналъ цее гьей гьединго йикIана Пачалихъияб Думаялъул депутатлъунги. Гьанже гьелъ нухмалъулеб институталъул сайталда бахъараб информациялда рекъон, тIоцебе гьеб институталъул хIалтIуе гIарац биччалеб букIана институт рагьараб Россиялъул хIукуматалъул гуреб чанго гIуцIиялъ. Гьанже гьелъул спорсор рагIула чанго компания. Амма кинал компанияби гьел ругелали лъазабизе захIматаба масъала ккола.
Гьеб ва гьелъул цогидал суалазда хурхарал комментариял гьарун руго гьелъие Парижалда бугеб гьеб институталъул цIех-рехазул программабазул директорт Джон Локлендица. Гьев кколев вуго Британиялъул машгьурав политолог ва тарихчи. Гьев машгьурлъун вуго хасго Кремлалъул идеологазул бербалагьиялда релъараб позиция жиндирго макъалабазда загьир гьабиялъе гIологи.
Локлендил рагIабазда, Россиялъул гьеб институталъе компанияз гуреб гIарац биччалеб.. ХIакъикъаталдаги гIарац кьолеб буго Москваялда бугеб Тарихияб перспективалъул фондалъ. Ахириселъул спонсоралин абуни кколел руго Россиялъул компанияби.
Джон Локленд: «Нижер институт гIуцIана 2007 соналъул ахиралда, хIалтIизе байбихьана 2008 соналъул ноябралдаса байбихьун. Гьеб заманалдаса ниж руго Парижалда. Ниж ккола Россиялъул гIуцIи. Нижер президент ккола Наталья Нарочницкая. Цее гьей йикIана Пачалихъияб Думаялъул депутат. Доя гьей йикIана КъватIисел ишазул комитеталъул нухмалъулев хисулейлъун. Гьелъ гьединго нухмалъулеб буго Москваялда бугеб Тарихияб перпективалъул фонадалъулги. Гьелъ рахъана гIемер тIахьал, тIоцебего тарихияб темаялъул».
Гьес нахъ чIвалеб буго Москваялъул позициялъе нух бацIиябиялъул ишалда тIад институт хIалтIулеб букIин.
Джон Локленд: «Ниж ккола Россиялъул институт. Амма нижеца нагагь гурони бицинаро Россиялъул. Россиялъул имидж лъхикIлъизабиялъул масъала нижер тIоцебесеб бакIалда гьечIо».
Сесиль Вэсье гIадал цIех-рехчагIазул Парижалда гьединб гIуцIи букIиналъ ургъел ккезабун гьечIо. Амма гьезул хасаб ургъел ккезабулеб буго Россиялда къватIисел пачалихъаздаса гIарац щолел хIукуматалъул гурел гIуцIабазе захIмалъиял гьарулел рукIиналда хурхун. Мисалалъе, «къватIсел улкабазул агентал» хIисабалда регистрация гьаби тIалаб гьабулеб букIиналда бан.
Россиялъул информалатазги жигараб къагIидаялда гIамал гьабулеб буго Кремлалъул позиция, Россиялъул имидж Франциялда машгьурлъизабизе. Россиялъул пачалихъиял информалатаз рагьана франк мацIалда сайтал, электрониял СМИязул кагътил версияби. Гьелда нахъ экспертазда щибниги цIияб жо бихьулеб гьечIо, амма гьез абулеб буго, Европаялъул пачалихъазул нухмалъиязул позиция машгьурлъизабиялъул рахъалда Россиялъул информалатаз гIадаб «гъваридаб» хIалтIи гьабуларин.
Сесиль Вэсьеца «тамахаб къуваталъул» цойги инструмент хIисабалда мисалалъе бачунеб буго «Голос России» абураб пачалихъияб компаниялъ Франциялда рагьараб PRORUSSIA TV. Цо-цо хиса-басиял гьариялда бан гьеб интернет-телевидениялъул хIалтIи заманалъ гьоркьоб къотIизабун буго гьанже. «Гьеб каналалъул мухъ буго битIахъего политикаялда хурхараб. Франциялда «къватIисел улкабазул агентазул» къанун бакIарабани, Россиялъул гьелда релъарал гIемер гIуцIаби ва информалатал рукIин баянлъизе букIанин», абулеб буго Вэсьеца.