Евроцолъиялъ Албаниялъе кьуна «кандидат улкаялъул статус». Гьадин лъазабуна Евроцолъиялъул мадугьаллъиялъул ва гIатIилъизабиялъул идараялъул бетIер Штефан Фюлеца.
Албаниялъулгун бухьенал щулалъизаризелъун хIажатаб бугин коррупцияялъул ва цебеккунго ургъараб такъсирчилъиялъул даража гIодобе биччазе Евроцолъиялъул стандартазда рекъон, ян тIаде жубана Штефан Фюлеца.
Жиндир иргаялда Албаниялъул премьер-министр Эди Рамаца абуна улкаялъ кIванагIан кIудияб хIаракат бахъилин Евроцолъиялъулгун рекъон хIалтIи гьабиялъе.